ЦIОРОЛ ДАДАХЪЕ


ЦIорол дадахъе кагъат МухIяммад ГIисмаилов. ЦIорол дада дуде цо гьари буго, Дир ракIалда бугеб мурад тIобазе. Дур сайгъат къваригIун хъвалеб жо гуро, Дир бабае талихI гьарулев вуго. Гьаб ракьалда гьечIо дир баба гIадай, Берцинай, къуватай, къадруяй эбел. Цоги гьари буго дир ЦIорол дада, Бабае гьудулги дие эменги. Эбелалъул бадиб магIу хуларал, Рокьиларо дие бакъулал къоял. Дийго рагIи кьола, баба цIунизе, МугъчIвалеб хIубилъул дунго вукIине. Эбелалъул бадиб гьими бихьани, Гьимула диеги талихIалъул бакъ. Амма эбелалъул магIу бихьани, Гирула диргоги бадисан магIу. Дир баба божула маргьабаздеги, ХIикмалъабаздеги, анищаздеги. Бокьун буго дирго бабае дада, Гьесул рахъалдасан тIегь дица кьела. Эбелалъ абуни, рокьи кIваричIин, Дида лъала гьелъул гьереси букIин. Дада жанив вугеб рокъоб гIадинаб, Баракатгун рокьи кибдай букIунеб. Дун гьитIинаб лъимер бугонаниги, КIудиязул гIадаб рахIатхвей буго. Гьелъие гIиллаги, кIудияб буго, Эбел жийго цохIо хутIиялдаса. Дица тIокIаб щибго гьаризе гьечIо, Бабае талихIги гьитIинай яцги. Гьабе цIорол дада дирги бабалги, Дадалгун гьитIинаб талихIаб дандчIвай. Цоги гьари буго цIоролдадада, Гьаб ракьалда рекъел, роцIараб дунял. Дир гьари тIобазе, къуват кьеги дуй, ЦIорол дада ниж духъ ралагьун руго.
Библиографическая ссылка
URL: https://school-literature.ru/article/view?id=1880 (дата обращения: 15.10.2026).